Релъи-хъуй гьечlого рохизе лъалел
Магlу чвахичlого гlодизе лъалел
Гlишкъул рекlараб цlа цlунизе лъалелМагlарулал ругел лъикlал гlадамал
Гlишкъул рекlараб цlа цlунизе лъалел
Магlарулал ругел лъикlал гlадамал
Бакlал къваридалъул ракlал гlатlидалРукъ мискинлъаниги намус бечедал
Тlаде бачlараб къо лъимлъун къулчlулел
Магlарулал ругел лъикlал гlадамал
Тlаде бачlараб къо лъимлъун къулчlулелМагlарулал ругел лъикlал гlадамал
Рикlкlен дагьлъаниги гьунар гlемерал
Гlурда тlегь бижизе чорхол би тlолел
Божизе бегьила гьаб дир халкъалдаМагlарулал ругел лъикlал гlадамал
Божизе бегьила гьаб дир халкъалда
Магlарулал ругел лъикlал гlадамал